Х1урматияб Ленинаул росдал жамаг1ат. 18.01.2015 с. Радакье нилъер росуцоял вацал Шамсудин ва Мулидин Махалиевал жанир яшавун рук1араб минаялда ц1а рек1ун буго.Нахъа заманаялда, тохлъукьего ккеялъ, щибниги хвасар гьабизе к1веч1ого,х1алица г1адамал къват1ире рорч1ун, кинабниги къайи-мина бух1ун буго.
Гьелдалъун гьари буго росуцоязде, нилъерго г1адаталда рекъон, к1варас жинда к1вараб кумек гьабеян.
Кумекалъе кьолеб сурсат бак1аризе буго Зубайриев Камалдинихъе. Кумек кьолел диналъул вацазе ва Камалдиние бигьалъиялъе, росулъ сверизе рит1изе руго г1олохъабиги.
Аллагьас нилъеца гьабулеб кумек къабул гьабеги.